Эркенаб Гъуниб ГЪУНИМАГ1АРДА МАЖЛИС

 

ГЪУНИБМАГIАРДА РАГЬАНА МАЖГИТГИ БУКIАНА ГIАТIИДАБ МАЖЛИСГИ КIиябилеб октябрь. ГъунимагIарда рагьана мажгитги букIана гIатIидаб мажлисги. Гьедин хъвазе бегьула тарихчагIаз. Данделъун рукIана гIицIго Гъуниб районалъул росабалъа гIадамал гурелги цоги бакI-бакIаздаса рачIарал гьалбалги. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI кколеб букIана некIсияб Гъуниб росулъа къватIире гочине ккун араздаса гIурал ГьаркIас ва Манас росабалъа вакилзабаз. Мажлис нухда бачана Гъуниб росадал мажгиталъул имам ГIабдулаца. ВагIза насихIаталгун цере рахъана республикаялдаса рачIарал гIалимзаби, Манас ва ГьаркIас росабазул вакилзаби. Ай, гьеб къоялъ гьениб ракIалде щвезабуна имам Шамилил, некIсияб Гъуниб росдал тари хва ккараб къисмат