Хьиндахъ росдал г1адат

 

Хьиндахъ росу (ГIайшат Гулачиева). Рорхатал кьурабаз жаниб бачараб Сверун пихъил ахаз берцин гьабураб Бихьизе гьитIинаб, гьунар кIудияб КIкIалахъ жаниб бугеб, росу буго дир. *** Чанго кьер хисана росдал халкъалъул Амма хисичIо гьез жидерго гIадат ВатIан хиралъиги, гьеб цIунун чIейги Умумухъан щвараб ирс буго гьезий. *** Къварилъи ккаралъур рортулелги гьел ХIажаталъур хIалай, ратулелги гьел Гьобол-гьудаласе рагьарал нуцIби Намус бечедал чи руго хьиндалал...